Рет қаралды 9,554
Хьиндахъ росу
(ГIайшат Гулачиева).
Рорхатал кьурабаз жаниб бачараб
Сверун пихъил ахаз берцин гьабураб
Бихьизе гьитIинаб, гьунар кIудияб
КIкIалахъ жаниб бугеб, росу буго дир.
***
Чанго кьер хисана росдал халкъалъул
Амма хисичIо гьез жидерго гIадат
ВатIан хиралъиги, гьеб цIунун чIейги
Умумухъан щвараб ирс буго гьезий.
***
Къварилъи ккаралъур рортулелги гьел
ХIажаталъур хIалай, ратулелги гьел
Гьобол-гьудаласе рагьарал нуцIби
Намус бечедал чи руго хьиндалал...