Рет қаралды 40
РакIалдаго гьечIого ХIутнире унаго ниж тархъизаруна нухда батараб кIудияб тракторалъ. Гьаб щиб, нух бакьулъ тараб техникаянцин ккана ракIалде. Щиб, гьабилеб рахъана къватIире. Ва цинтIаго, нухлул ракьандаса нижеде данде вахъун вачIана ХIутниб росулъа райсобраниялъул депутат ЖабрагIил ЧIегIерчиев.
- Щиб гьаниб гьабулеб жо?
- ЦIакъ квеш букIана лъим чвахизе рахъги гьечIого росулъе унеб нух,- ан бицана депутатас.
- Лъицаха нужее гьаб техника гьаниб хIалтIизе кумек гьабураб?
- Нилъерго Гъуниб районалъул бетIер ХIусенов Расулица,- ян баян гьабуна нижее ЖабрагIилица.
Гьебго къагIидаялъ ХIутниб росулъе гьекъолеб лъим бачинеги хIалтIи гьабизе бугиланги бицана.