Рет қаралды 66
Гьал маялъулал байрамазул къоязда цере Гъуниб районалъул цIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIана зарница. Гьениб гIахьаллъи гьабуна районалъул росабазул школазул цIалдохъабаз. Зарница байбихьилалде цере кIалъазе рахъана Гъуниб районалъул администрациялъул бетIер Расул ХIусенов, райадминистрациялъул спорталъулгун гIолилазул ва туризмаялъул рахъалъ отделалъул начальник Сагитов МухIамад, районалъул рагъулаб комиссариаталъул ва цоги ишалъул вакилзаби. Зарница ана гIезегIан гIуцIадго. Гьеб букIана Хьиндахъ гьоркьохъеб школалда. Гьенибго гIуцIун бугоан гьалбадерие тепсиги.