ГЪУНИБ ГАЗЕТАЛЪУЛ ТАРИХ

  Рет қаралды 144

Эркенаб ГЪУНИБ

Эркенаб ГЪУНИБ

2 ай бұрын

ДУН ЧIУХIУЛА ТАРИХАЛДАСА
КIудияб асар гьабуна дие гIагараб Гъуниб районалъул газеталъ 100 сон тIубаялда бан, бачIараб редактор МухIамад Къебедовасул ругьелалъ. КIудияб баркала. Бокьун буго гьеб кIудияб лъугьа-бахъиналда тIасан дирго роххел загьир гьабизе.
Дир мунагьал чураяв эмен Эльдаров Камил абун вукIана гIагараб Кудалиб, Гъуниб мухъалда гуревги, тIолалго мугIрузул районазда халкъияб лъай кьеялъул хIалтIи гIуцIиялъул рахъалъ рагIарав хIаракатчи. Инсул лъикIаб бухьен букIана гьаб бицен гьабулеб казияталъулгунги. Гьелда гьесул рукIунаан жинцаго гьарурал кучIдул ва Гъуниб округалда халкъияб лъай кьей цебетIезабиялъул бицунел макъалаби.
Районалъул казияталъ бицана гIелмиялгун лъай кьеялъул масъалабазул, маданияталъулгун адабияталъул, гьай-гьай, районалъул аслияб бутIалъун кколеб росдал магIишаталъул, цогидалги лъугьа-бахъиназул. Хасго газеталъ хIаракат бахъана КIудияб ВатIанияб рагъул ва хадусел соназда.
Киназдаго лъала гьеб заманалда газеталъул масъалаби тIуразарулеб аслияб мугъ чIвалеб хIубилъун букIана партия. Гьеб квешги букIинчIо. МугIрузул районазда гьоркьоб бищун лъикIаблун лъугьун букIана гъунисезул газета.
Дун чIухIула нилъер казияталъул тарихалдаса. Жакъа гьелъул гIуцIиялъул буго гьанжесеб къагIида, гьеб цIализеги ракI - ракIалъ бокьула. Гьанжеги газеталъ бицунебги борхулебги буго районалъе хIажатаб тема. Дида ккола ва ракIчIун абила жакъа районалда цебе чIун бугилан нилъер ругел ракьазул суал, гьел битIун хIалтIизариялъул масъала. Нилъ тIадчIезе ккола церего гIадин хурзалги ахалги тIегьан рачIиналда, гIадамазул рукъзабахъе газ бачиналда, щибаб росдал колохъе гIунтIун хъил-асфальт тIураб нух гьабиялда тIад. Гьелдалъун разилъилаан тIубараб Гъуниб районалъул жамагIат. Дир щибго щаклъи гьечIо гьенибги районалъул газеталъ гьабулеб ва жеги гьабизе бугеб бугеб хIалтIуда. Бокьилаан редакциялъ гIадин, цогидал идарабазги жидедаго тIадаб хIалтIи гьабизе. Цинги лъикI букIина районалда.
РакI - ракIалъ баркула редакциялъул хIалтIухъабазда ва районалъул жамагIаталда газеталъул 100 сонилаб юбилей! Гьарула кидаго цебетIей ва районалъе цолъи.
Ибрагьимхан КАМИЛОВ,
Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул член - корреспондент, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мустахIикъав профессор, РАНалъул ДФИЦалъул физикаялъулгун математикаялъул аслияв гIелмияв хIалтIухъан.

Пікірлер
История Вавилона за 23 минуты
23:32
Охта Студия
Рет қаралды 392 М.
Cute Barbie gadgets 🩷💛
01:00
TheSoul Music Family
Рет қаралды 74 МЛН
Osman Kalyoncu Sonu Üzücü Saddest Videos Dream Engine 118 #shorts
00:30
ПЕЙ МОЛОКО КАК ФОКУСНИК
00:37
Masomka
Рет қаралды 10 МЛН
Лугано, Швейцария, субботняя прогулка
10:14
Nature of Russia. Siberia. Mountain Altai. Lake Teletskoe. Katun River. Mount Belukha. Lake Julukul.
30:04
Александр Бирюк | Wildlife of Russia
Рет қаралды 8 М.
Разговор с чтецом рукии. Часть 1.
1:01:49
Мнение Суннита
Рет қаралды 4,2 М.
RA3AAE: "Как передаётся энергия".
37:42
Роман Постовалов КОЛЛЕКЦИЯ - Уральские Пельмени
1:34:46
Терапия юмором↺
Рет қаралды 7 МЛН
03 Классическая психология
1:25:07
Cute Barbie gadgets 🩷💛
01:00
TheSoul Music Family
Рет қаралды 74 МЛН